ОНЛАЙН-БИБЛИОТЕКА Сторожевой башни
ОНЛАЙН-БИБЛИОТЕКА
Сторожевой башни
МагӀарул
  • БИБЛИЯ
  • ПУБЛИКАЦИИ
  • ВСТРЕЧИ
  • gf дарс 6 с. 10—11
  • Алжан гіагарлъун буго!

Для этого отрывка видео нет.

Извините, при загрузке видео произошла ошибка.

  • Алжан гіагарлъун буго!
  • Дуда кІвезе бегьула Аллагьасул гьудуллъун вукІине!
  • Похожий материал
  • Алжан кида рештІунеб?
    Аллагьас малъаралъухъ гІенекке ва даимго гІумру гьабе
Дуда кІвезе бегьула Аллагьасул гьудуллъун вукІине!
gf дарс 6 с. 10—11

ДАРС 6

Алжан гіагарлъун буго!

Кинабго, жакъа къоялъ ракьалда гІемерлъулеб квешлъиялъ бихьизабулеб буго, Алжан гІагарлъун букІин. РухІаниял ТІахьазда хъван букІана, битІун Алжан тІаде щвелалде цебе, нилъеда хІинкъараб заман бихьизе бугилан. Гьанже нилъеца гІумру гьабулеб буго гьединаб заманалда. Гьале, цереккунго Аллагьасул Каламалда рукІине ругилан рехсарал цо-цо лъугьа-бахъинал:

КІудиял рагъал. «Цо халкъ цоги халкъалде, цо ханлъи цоги ханлъиялде тІаде кІанцІила» (Матфейица 24:7). Цебеккунго РухІаниял ТІахьазда букІинилан хъвараб гьеб лъугьа-бахъин тІубана. 1914 соналдаса хадуб ккана кІиго дуниялалъул рагъ ва гІемер рагъал бакІ-бакІазда. Гьел рагъазулъ чанго миллион чи хвана.

Унтаби тІоритІи. «БакІ-бакІазда унтаби раккила» (Лукаца 21:11). ТІураралищха гьел рагІаби? ТІурана. Ракалъ, рекІел унтабаз, туберкулезалъ, маляриялъ, СПИДалъ ва цоги-цоги унтабаз чанго миллион чиясул гІумру босун ана.

Квен гІунгутІи. ТІолабго ракьалда руго квен гІоларел гІадамал. Щибаб соналъ ракъуца хола чанго миллион чи. Гьеб буго кватІичІого Алжан тІаде щвезе букІиналъул цоги гІаламат. Инжилалда абулеб буго, квен гІезе гьечІилан (Маркица 13:8).

Ракь багъариял. «Цо бакІалдаса хадуб цоги бакІалда рукІина... ракьбагъариял» (Матфейица 24:7). Гьебги гьединго тІубана нилъер заманалда. 1914 соналдаса хадуб миллионалдаса цІикІкІун чи хвана ракьбагъариязулъ.

Квешал гІадамал. ГІадамал рукІина «гІарац-месед бокьулел» ва «жалго жидеего гІурал». Гьел рукІина «ихтилат-кеп бокьулел, амма Аллагь вокьуларел». Лъимал рукІина «эбел-инсуе мукІурлъуларел» (2 Тимофейихъе 3:1—5). Мун тІад рекъеларищ, жакъа гІемерисел гІадамал унго-унгоги гьединал рукІиналда? Гьезул Аллагьасдехун адаб-хІурмат гьечІо, Аллагьасул хІакъалъулъ цІикІкІун лъазе хІаракат бахъулезул абуни, гьез рахІат хвезабула.

Такъсирчилъи. Гьединго «цІикІкІина закон рикІкІунгутІи» (Матфейица 24:12). Мун разилъизе бегьула, цо чанго соналъ цебеялдаса, жакъа такъсирчилъи цІикІкІун букІиналда. Киса-кибего гІадамал лъугьине бегьула талавурчилъиялъул, хІила-макруялъул ва цогидабги квешлъиялъул давлалъун.

Гьелъ киналъго бихьизабулеб буго, Аллагьасул ПарччахІлъи гІагарлъун букІин. Инжилалда абулеб буго: «Гьелдаго релълъун, гьал дица рицарал гІаламатал загьирлъараб мехалъ, нужеда лъала, Аллагьасул ПарччахІлъи гІагарлъун букІин» (Лукаца 21:31). Щиб жо кколеб Аллагьасул ПарччахІлъи? Гьеб ккола, нилъер ракь Алжаналде буссинабизе Аллагьас гІуцІараб, зодаса хІукумат. Аллагьасул ПарччахІлъиялъ хисизе руго гІадамаз гІуцІарал хІукуматал (Даниял 2:44).

    Публикации на аварском (2002-2016)
    Выйти
    Войти
    • МагӀарул
    • Поделиться
    • Настройки
    • Copyright © 2026 Watch Tower Bible and Tract Society of Pennsylvania
    • Условия использования
    • Политика конфиденциальности
    • Настройки конфиденциальности
    • JW.ORG
    • Войти
    Поделиться