ЧАСТЬ 9
Алжан кида рештІунеб?
Ракьалда кколел ругел лъугьа-бахъиналъ, бихьизабулеб буго Аллагьасул ПарччахІлъи кватІичІого хІалтІизе байбихьизе букІиналда. Лукаца бицараб Рохалил хабар 21:10, 11; Тимофейихъе кІиабилеб кагъат 3:1—5
Цебеккунго Аллагьасул каламалда хъван букІана, жакъа кколел лъугьа-бахъиназул. Гьелда жаниб бицунеб буго, гІадамал гІарац ва лахІзат хириял, эбел-эмсухъ гьнеккуларел, вахІшилъи пасатлъи бокьулел рукІинилан.
Кутакал ракь багъариял, рагъал, ракъи, ва унтаби рукІина. Гьеб кинабго нилъер заманаялъ лъугьунеб буго.
Гьединго ГІисаца бицун букІана ПарччахІлъиялъул хІакъалъулъ рохалил хабар, тІолабго ракьалда тІибитІизабизе бугилан (Матфейица бицараб Рохалил хабар 24:14).
Аллагьасул ПарччахІлъиялъ кинабго квешлъи лъугІинабизе буго. Пётрил кІиабилеб кагъат 3:13
Иеговаца кватІичІого киналго квешал гІадамал тІагІинаризе руго.
Илбисалъе ва щайтІабазе тамихІ гьабизе буго.
ЦІияб муъминзабазул хІинкъи букІине гьечІеб, гІадамазул цоцаде божи ва рокьи цІикІкІараб дунялалда, чІаго хутІизе руго гІицІго Аллагьасухъ гІенеккулел.