ДАРС 16
Бихьизабе, дуе Аллагь вокьулевлъи
Хадубккунги гьудуллъи цІунизе ккани, гьудулгун гаргадизе ккола. Мун гІенеккула гьесухъ, гьев гІенеккула духъ. Гьединго дуца бицуна цогидазда дурго гьудуласул хІакъалъулъ лъикІабщинаб. Гьебго жо абизе бегьула Аллагьгун гьудуллъиялъул хІакъалъулъги. Пикру гьабе, щиб абулеб бугеб гьелъул хІакъалъулъ РухІаниял ТІахьазда:
ЧІей гьечІого дугІаялда Иеговагун кІалъай. «Гьари-дугІаялда рукІа» (Румазде 12:12).
Аллагьасул Калам — РухІаниял ТІахьал цІале. «Киналго РухІаниял ТІахьал Аллагьасул къудраталдалъун хъварал руго ва пайдаял руго лъай щвеялъе, гІайиб къватІиб чІвазабиялъе, нилъ ритІизариялъе» (2 Тимофейихъе 3:16).
Аллагьасул хІакъикъат цогидазда малълъе. «Инеги ун, киналго халкъазда гьоркьоса мутагІилзаби хІадур гьаре... дица нужеда тІадкъанщинаб кинабго, тІубазабизе гьезда малълъулаго» (Матфейица 28:19, 20).
Аллагьасул гьудулзабигун гІагарлъе. «ГІакъилалгун гьудуллъи ккурав гІакъилавлъун лъугьина» (Притчи 13:20).
ПарччахІлъиялъул рокъове данделъиязде хьваде. «Цоцазде кІвар бугеллъун рукІинин, рокьуде ва лъикІал ишазде гъира бачІинабизе... цоцазул ракІ-макІ гьабулаго» (Ягьудиязде 10:24, 25).
ПарччахІлъиялъул ишалъул рахъ ккве. «Биччанте, щивас къасд гьечІого яги хІалица гьабичІого, жиндирго рекІелъ хІукму къотІараб къагІидаялъ гьабизе, щай гурелъул Аллагьасе ракІ разиго кьолев вокьулелъул» (2 Коринфазде 9:7).