ДАРС 12
Щиб букіунеб хун хадуб?
Хвел — ккола гІумруялъул гІаксаб рахъ. Хвел релълъуна гъваридаб макьуялда (Иоанница 11:11 — 14). Хваразда рагІуларо, бихьуларо, гьел кІалъаларо ва гьез пикру гьабуларо (Сулайманил 9:5, 10). Гьересияб диналъ малълъула, хварал унилан хваразул рухІазул дуниялалде, жидерго умумулгун цадахъ гІумру гьабизе. РухІаниял ТІахьаз гьедин малълъулеб гьечІо.
Хваразда кІоларо нилъее я кумек, я зарар гьабизе. ГІемерисел гІадамаз гІадатал тІурала ва хвараздаса тІаса садакъаби кьола; гьезул божилъиялда рекъон, гьедин рази гьарула хварал. Гьел ишал Аллагьасе къабулал гьечІо, щай гурелъул гьезул аслулъун ккола ШайтІаналъул гьереси. Гьединал ишаздалъун хваралги рохизаризе кІоларо, щай абуни гьел чІаго гьечІелъул. Нилъ хвараздаса я хІинкъизе кколаро, я гьезие нилъеца тІагІат гьабизе кколаро. Сужда-тІагІат гьабизе ккола гІицІго Аллагьасе (Матфейица 4:10).
Хвараз цІидасан гІумру гьабизе буго. Иеговаца хварал макьидаса рорчІизаризе руго, гьезги Алжаналда гІумру гьабизе. Амма гьеб заман жеги тІаде щун гьечІо (Иоанница 5:28, 29; Чапарзабазул ишал 24:15). Дуда макьидаса щив вугониги ворчІизавизе кІолевго гІадин, Аллагьасдаги кІола хварал макьидаса рорчІизаризе (Маркица 5:22, 23, 41, 42).
Нилъ холарин абураб пикру — ШайтІан-Илбисалъ тІибитІизабураб гьереси буго. ШайтІаналъ ва гьелъул жундуз гІадамазе пикру кьола, хваразул рухІал чІаго ругилан ва гьез тІамулилан нилъеде тІаде унтабиги цогидал балагьалги. Цо-цо мехалъ Илбисалъ гІадамал гуккула макьабаздалъун ва цебечІезабияздалъун. Иеговаца какула хваралгун кІалъазе хІаракат бахъулел (5 Мусал 18:10 — 12).